Бузна-Багьадурида

7 ноября 2018 - admin
article1265.jpg

Щайзе мун вахарав Бузна магIарде

Путин хIайранлъараб Нухал къачIазе

АнцIабго хIеж тIубан байрахъ щваниги

Кириго гIолорев Бузна-Багьадур


Араб гIасруялда Шамил гIадинан

Кьеги мун Аллагьас Имамлъун нижей

Васильев нахъе ун, ханлъиялда тун

ТIегьалеб Дагъистан Алжан гьабизе


Алжаналда дуе хIадурун ругел

НигIматазул бицун хIaл кIолареб жо 

ХIал кIвараб шапагIат росдае гьабе

Гьезда гьоркьов АxIмад, воре кIочонге!



07.11.2018 г.

АxIмад Къадиров, Болъихъ росу.

 

 

Рейтинг: 0 Голосов: 0 1454 просмотра

Нет комментариев. Ваш будет первым!